Дир куч1дул
Гьанир дир куч1дузда цадахъ руго цо-цо дир кверзукьан арал нилъер поэтазул ва цересел г1адамазул куч1дул, куплетал.
Дир цо-цоял гьал куч1дул нилъеда ц1ар раг1арав Х1абиб Давудовасухъе рук1ана ц1ализе рит1ун, гьесие ц1ализе рокьилин ккун. Гьес бач1ана жаваб:
«Салам Салих1, доб дуде бахъараб кеч1 дида батич1о (Фейсбук абулеб соцсеталда вук1аго, дун гьавураб къоялъ гьес бач1ана диде бахъараб цо кеч1, гьеб кеч1 дица цере рахъарал т1ахьазулъа цоялда лъун буго), хадуб балагьани батизе бегьула. Куч1дул рит1аралъухъ баркала, пасих1го хъван руго, жеги ц1иял хъвазе дуе сахлъи кьеги».
***
Т1угьдузулъ пархолеб пахруяб к1алк1уч1,
К1иго анкьил гуреб гьеч1о дур г1умру.
К1инусго сон балеб гъа