Дие г1умру кьурай, кини к1ик1арай,
Х1еренго кинидахъ кучIдул ахIарай,
Макьу тун, х1алхьи тун, дун г1езегьаюрай,
Х1асратай, х1еренай, баркала эбел.
Дуца г1умруялда барахщич1ого,
Г1езе гьаруна ниж г1исинал т1анч1и.
Бич1ч1ула, г1езег1ан зах1мат бихьана.
Мискинлъи, язихълъи лъазе теларин.
Гьунар гурищ , эбел, хасалил сардилъ,
Дунял рогьилалде т1адеги яхъун,
Рик1к1аде школалде ниж т1орит1изе
Хинаб квенги гьабун, мун х1адур яти.
Доб мехалъ бук1инч1о гьанже кинниги
Я токалъул чирахъ, гьединабго печь.
Керосинка бакун, квеналги гьарун,
Щайт1анчирахъ бакун бук1ана яшав.
Г1агарай дир эбел, мун т1аса лъугьа.
Т1адаб дирго налъи т1убазе щвеч1елъ.
Рик1к1аде ккана нилъ къисматалъ рачун,
Д